Шагьадат
ТІахьал ва къанунал
|
Шагьадат (ГӀараб: الشهادة — хІарпияб нугІлъи гьаби; ⓘ) — цо гурони гьечIев, вати тIадав Аллагьасда божи ва МухІаммад авараг ﷺ Аллагьас халкъалде дин босун витIарав илчи вукIиналда божи. Гьединго шагьада абураб рагIи бачIуна шагьид абураб магIнаялдаги, ай диналъе гIоло къеркьо хварав чи абураб.
Къокъаб куцалда шагьадаталъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула ракІ чІун, лъан, хІакълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечІоян, цо вати тІадав Аллагь гурого, ва дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго МухІаммад ﷺ — Аллагьасул халкъалда дин малъизе витIарав авараг вукIиналда». ШигIияз битIулеб шагьадат батIа бахъула суннияз битIулелдаса, тIаде жубараб «ва ГIалийюн Валийю Ллагь» - абураб рагIиялъ, ай "ва дица нугIлъи гьабула ГIали Аллагьасул вали вукIиналда" - абураб. Шагьадат битIи ккола инсанас исламияб дин босиялъе бищун аслияб шартIлъун. Исламалда жаниб шагьадат битIарав чиясул би тIей хIарамаб буго.
|
Исламалъул рукну
[хисизабизе | код хисизабизе]Шагьадат рикIкIуна тIоцебесеб ва аслияб рукнулъун исламалъул щуябго рукнуялдаса (бл. исламалъул щуябго рукну). Гьелда жаниб буго исламалъул кIиябго аслияб тIадкъай, ТIадегIанав Аллагь цо гьави (тавхІид) ва МухІаммад авараг Аллагьасул халкъалде витIарав чапар вукIиналда божи. Бусурбабаз шагьадат битIула, гIемераб бакIалда ва къойида жаниб чанго нусго нухалъ. ГIага-шагарго гьеб букIуна щибаб дугIаялъулъ.
Шагьадаталъул магІна
[хисизабизе | код хисизабизе]Къокъаб куцалда шагьадаталъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула, Аллагь тун батIияв жиндие лагълъи гьабулеб жо гьечIо ва дица нугIлъи гьабула, МухІаммад ﷺ — Аллагьасул авараг вукIиналда». Цодагь гIатIидго ва камилго гьелъул магIна бачIуна гьадин: «Дица нугІлъи гьабула ракІ чІун, лъан, хІакълъунго жиндие лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечІоян, цо вати тІадав Аллагь гурого, ва дица нугIлъи гьабула, хIакълъунго МухІаммад ﷺ — Аллагьасул халкъалда дин малъизе ва кинабниги инсаният къоселалъул бецIлъиялдаса исламалъул нуралде тIоритIизе витIарав авараг вукIиналда»[1]
Ислам боси
[хисизабизе | код хисизабизе]Капурав чи исламалде вачIине кканани, бищун цебе гьесда тIадаб буго шагьадат битIизе. Шагьадат битIилалда цебе бараб какги, ккурал кIалалги, гьабураб кинаб бугониги исламалъ тIад къарал гIибадаталги, капурав чиясдаса къабул гьаруларо. Гьелдалъун бичIчIула, хIакълъунго шагьадат букIин, исламалъул чIахIиял рукнабаздаса цояблъун ва гьезул аслулъун.
Шагьадаталъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал
[хисизабизе | код хисизабизе]- Аварагас ﷺ абуна: «Щив чи вугониги жинца нугIлъи гьабун, Жиндие гIахьалчи гьечIев цо Аллагь тун батIияв, лагълъи гьабизе кколеб щибго гьечIоян, ва МухІаммад — Гьесул лагъ ва Гьесул чапар вугоян, ва ГIиса — Аллагьасул лагъ ва Гьесул чапар вугоян, гьединго гьев Гьесул рагIи вугоян, Жинца Марйамихъе битIараб, ва Гьесдаса бачIараб рухI вугоян, ва хIакълъунго Алжан — хIакъаб буго, ва ЖужахІ — хIакъаб бугоян, гьев чи Аллагьас гьесул гIамалазухъ балагьун Алжаналъуве вачуна»-ян.
ХІужаби
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Свидетельство веры Archived 2016-02-02 at the Wayback Machine kvere.com
Адабият
[хисизабизе | код хисизабизе]- Халип:ИСА-1988/1
- Боголюбов А. С. Шахада // Ислам: энциклопедический словарь / отв. ред. С. М. Прозоров. — Наука, 1991. — С. 296.
Шагьадат Викигъамасалда |
МугъчІваял
[хисизабизе | код хисизабизе]
-
Флаг Имарат Кавказалъул байрахъ
-
Сомалилендалъул байрахъ
-
ТІалибаназул байрахъ
-
ФилистІиналъул ХІамас хІаракаталъул байрахъ