Цебесеб рагьараб
ИФА: Рагьарал | ||||||||||||||||||||||||||||||||
---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|---|
| ||||||||||||||||||||||||||||||||
Легенда: гургинлъичӀел • гургинлъарал |
Цебесеб кьералъул рагьарал — кӀалъалел цо-цо мацӀазда ругел рагьарал гьаракьазул класс. Гьеб класс баян гьабулеб тӀабгӀ ккола мацӀалъул бищун борхатаб бакӀ цогидалде данде ккун кӀалалъул цебесеб рахъалда букӀин, калмалъул нух чӀедерлъизабичӀого. Цересел рагьаразде гьединго цо-цо абула гвангъарал рагьарал абунги, щай гурелъул нахъисел рагьаразде данде ккун гьел дагьабги гвангъун абулел рукӀиналъ.[1]
ГӀагар-цересел рагьарал , унгоги, ккола цебесеб кьералъул рагьаразул цо тайпалъун; цониги мацӀалда, лъалеб жо, данде лъоларо цереселги гӀагар-цереселги рагьарал гӀицӀго кьерлъуде балагьун.
Гургинлъарал цересел рагьарал руго централлъарал, ай жидер артикулациялда гӀагар-цереселъун кколел. Гьеб ккола ИФАлъул диаграммаялда гургинлъарал рагьарал цересел гургинлъичӀел рагьараздаса кваранидехун хъваялъе цо гӀилла.
ТӀубачӀеб сияхӀ
[хисизабизе | код хисизабизе]Интернационалаб фонетикаб алфабеталда жидее хасал ишараби ругел цебесеб кьералъул рагьарал ккола:
- тӀасияб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [i]
- тӀасияб цебесеб гургинлъараб рагьараб [y]
- гӀагар-тӀасияб гӀагар-цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɪ]
- гӀагар-тӀасияб гӀагар-цебесеб гургинлъараб рагьараб [ʏ]
- тӀад-гьоркьохъеб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [e]
- тӀад-гьоркьохъеб цебесеб гургинлъараб рагьараб [ø]
- гьоркьохъеб цебесеб гургинлъараб рагьараб [ø̞]
- гъоркь-гьоркьохъеб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [ɛ]
- гъоркь-гьоркьохъеб цебесеб гургинлъараб рагьараб [œ]
- гӀагар-гъоркьияб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [æ]
- гӀагар-гъоркьияб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [a]
- гъоркьияб цебесеб гургинлъараб рагьараб [ɶ]
ИФАлда гьединго руго жидее хасал ишараби гьечӀел цересел рагьарал:
- тӀасияб цебесеб цутӀараб рагьараб [yʷ]
- гӀагар-тӀасияб цебесеб цутӀараб рагьараб [ʏʷ]
- тӀад-гьоркьохъеб цебесеб цутӀараб рагьараб [øʷ]
- гьоркьохъеб цебесеб гургинлъичӀеб рагьараб [e̞] яги [ɛ̝]
- гьоркьохъеб цебесеб гургинлъараб рагьараб [ø̞] яги [œ̝]
- гьоркьохъеб цебесеб цутӀараб рагьараб [ø̞ʷ] яги [œ̝ʷ]
- гъоркь-гьоркьохъеб цебесеб цутӀараб рагьараб [œʷ]
МугъчӀваял
[хисизабизе | код хисизабизе]- ^ Tsur, Reuven (Фебруар 1992). The Poetic Mode of Speech Perception. Duke University Press. гь. 20. ISBN 0-8223-1170-4.
{{cite book}}
: Check date values in:|date=
(help)